Ноль макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун,
Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун;
Кьуруги батIалъун цеве унаго
Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун.
Лъар чваххулеб буго чабхил кIкIалахъан
Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан;
ТIарамагъадисеб къвал балеб буго,
Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда.
...
Стихи Расула Гамзатова на аварском (список)
Понравились стихи? Ставь лайк или класс
Бицунге
Бицунге, бицунге, бицунге дие
Берцинал ясазул гурони хабар!
Цогиял рагIаби — гьадингоял жал, —
ГьечIо дунялалда тIокIаб хазина.
Цоги хабар кинаб? — Лъимер тIад гьечIеб,
Гьороца кIикIулеб пашманаб кини.
Кеп кинаб букIунеб, чогърол бакIалда
Чашкаялъуб тIураб хIабургъараб лъел?
...
Берцинал ясазул гурони хабар!
Цогиял рагIаби — гьадингоял жал, —
ГьечIо дунялалда тIокIаб хазина.
Цоги хабар кинаб? — Лъимер тIад гьечIеб,
Гьороца кIикIулеб пашманаб кини.
Кеп кинаб букIунеб, чогърол бакIалда
Чашкаялъуб тIураб хIабургъараб лъел?
...
ВатIаналде
Цебе бичIчIулароан,
Гьанже бичIчIулеб буго:
ХIанчIазул кочIол магIна,
Перевод гьечIониги;
Хаслихъе гъол югалде
Щай къваридго роржунел,
Къункъраби ахIдолел куц,—
Керен бухIулеб буго.
...
Гьанже бичIчIулеб буго:
ХIанчIазул кочIол магIна,
Перевод гьечIониги;
Хаслихъе гъол югалде
Щай къваридго роржунел,
Къункъраби ахIдолел куц,—
Керен бухIулеб буго.
...
ГьитIинай Шагьриде
Мун щайзе гIодулей, мун щай гIодулей,
ГIумру жеги лъачIеб гьитIинаб лъимер?
Дурни эбел йиго, эменги вуго,
Дур киниде къулун киналго руго.
Дир эбел камуна, дир эмен хвана,
Лъица бесдаласде васин ахIилеб?
Гьаб гIумру лъарав дун ккола гIодизе,
Мун щайзе гIодулей, мун щай гIодулей?
...
ГIумру жеги лъачIеб гьитIинаб лъимер?
Дурни эбел йиго, эменги вуго,
Дур киниде къулун киналго руго.
Дир эбел камуна, дир эмен хвана,
Лъица бесдаласде васин ахIилеб?
Гьаб гIумру лъарав дун ккола гIодизе,
Мун щайзе гIодулей, мун щай гIодулей?
...
Дагъистан
Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан,
Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,
ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.
...
Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,
ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.
...
Дун гьавураб Дагъистан
— Дун гьавураб Дагъистан,
Картаялда — хIанчIил тIинчI,
ХIасраталъул улка, мун
Щиб картаялда бугеб?
...
Картаялда — хIанчIил тIинчI,
ХIасраталъул улка, мун
Щиб картаялда бугеб?
...
Дун цIидасан гьанже
Дун цIидасан гьанже поэт лъугьана. —
ГьитIинав вукIана, нужеда лъала.
КIудияб чIаголъи гьечIонаниги,
Гьунар дилъ букIана рекIкI-макру гьечIеб.
Хадув дун вачана гучаб чваххиялъ,
Цин ваккун, цин тIерхьун, рохьоб чан гIадин.
Цояца квер кьуна карачалабалъ,
Цояз гъорлъе цIана гъанкъилин абун.
...
ГьитIинав вукIана, нужеда лъала.
КIудияб чIаголъи гьечIонаниги,
Гьунар дилъ букIана рекIкI-макру гьечIеб.
Хадув дун вачана гучаб чваххиялъ,
Цин ваккун, цин тIерхьун, рохьоб чан гIадин.
Цояца квер кьуна карачалабалъ,
Цояз гъорлъе цIана гъанкъилин абун.
...
Дур цIар
Дида дур цIар рагIула,
Гозо бегIераб хIинчIалъ
Горда кIутIараб гадин,
ГIумру, гIумру, гIумруян.
РагIула гIаламалъул
КиналгIаги гIолилал
...
Гозо бегIераб хIинчIалъ
Горда кIутIараб гадин,
ГIумру, гIумру, гIумруян.
РагIула гIаламалъул
КиналгIаги гIолилал
...
Къеч
Дица хъантIун, гIедегIун
Цо бергьараб гIищкъуялъ,
Байбихьана гьекъезе
ГIитIинго, кинидаго.
Гьекъана щибаб къойил
Хъатал цIу-цIун багIарбакъ,
Баккулаго данде ун,
ТIерхьунаго хадув ун.
...
Цо бергьараб гIищкъуялъ,
Байбихьана гьекъезе
ГIитIинго, кинидаго.
Гьекъана щибаб къойил
Хъатал цIу-цIун багIарбакъ,
Баккулаго данде ун,
ТIерхьунаго хадув ун.
...
Къо гьeчIо
Вас гьавичIеб къо гьечIо,
КечI гьабичIеб къо гьечIо,
ЦIад балареб къо гьечIо,
Бакъ щолареб къо гьечIо.
ГьечIо къо рокьи ккечIеб,
Йокьулелда къвал бачIеб,
Къого миллион соналъ
Дир гIищкъул улкаялда.
...
КечI гьабичIеб къо гьечIо,
ЦIад балареб къо гьечIо,
Бакъ щолареб къо гьечIо.
ГьечIо къо рокьи ккечIеб,
Йокьулелда къвал бачIеб,
Къого миллион соналъ
Дир гIищкъул улкаялда.
...
Къункъраби
Дида ккола, рагъда, камурал васал
Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.
Доба борхалъуда хъахIил зобазда
ХъахIал къункърабазде сверун ратилин.
Гьел иххаз хаселаз халатал саназ
Нилъее салам кьун роржунел руго.
Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун,
Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.
...
Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.
Доба борхалъуда хъахIил зобазда
ХъахIал къункърабазде сверун ратилин.
Гьел иххаз хаселаз халатал саназ
Нилъее салам кьун роржунел руго.
Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун,
Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.
...
Кьунсрул
Дур надал байданалда
ЦIакъ къваридаб кIиго хIор,
Эрменияз Севан кье,
Кьеларо гьелъухъги гьел.
ХIоразул тIаралъуда
Рас чIегIераб кIиго цер,
Цоцаде рачIги рехун,
Регун руго гIумруялъ.
...
ЦIакъ къваридаб кIиго хIор,
Эрменияз Севан кье,
Кьеларо гьелъухъги гьел.
ХIоразул тIаралъуда
Рас чIегIераб кIиго цер,
Цоцаде рачIги рехун,
Регун руго гIумруялъ.
...
Лезгинка
Бихьея тIил кьея кьабизе дихъе,
Кьурабазул лъимал, нахъе-нахъе къай,
Гьаб тирулеб бугеб дуниял бакьулъ
Дунгун цадахъ кьурде, кьенсер-бер берцин!
КьабгIе абе къали, пуйзе те зурма,
Свери гIатIид гьабе гьаб гIаламалъул!
ГIорул карачелаз, киналго хIанчIаз
КечI ахIеян абе, хъат чIваян абе!
...
Кьурабазул лъимал, нахъе-нахъе къай,
Гьаб тирулеб бугеб дуниял бакьулъ
Дунгун цадахъ кьурде, кьенсер-бер берцин!
КьабгIе абе къали, пуйзе те зурма,
Свери гIатIид гьабе гьаб гIаламалъул!
ГIорул карачелаз, киналго хIанчIаз
КечI ахIеян абе, хъат чIваян абе!
...
Муса МухIамадовасе
Вилълъа дунгун цадахъ гIахьвалазухъе,
ГIолохъанго ругиш нилъгоян лъаэе.
Рилълъа ТIад Магъилъе тIаргъал реххизе,
Рохелалъ гьоболлъухъ риччалиш нилъан.
Дида рекIелъ буго рикIкIадисеб их,
МаркIачIуда росдахъ балагъараб моцI.
Гьелдаса балъго ниж, г! анч! ал г! олилал
ГIахьвахъ цо ригьалъул рагьдухъе щвана.
...
ГIолохъанго ругиш нилъгоян лъаэе.
Рилълъа ТIад Магъилъе тIаргъал реххизе,
Рохелалъ гьоболлъухъ риччалиш нилъан.
Дида рекIелъ буго рикIкIадисеб их,
МаркIачIуда росдахъ балагъараб моцI.
Гьелдаса балъго ниж, г! анч! ал г! олилал
ГIахьвахъ цо ригьалъул рагьдухъе щвана.
...
Нилъер цIарал
Нилъер кIиязулго цо-цо цIар буго,
ЦIунизе умумуз нилъее кьураб.
Дуе кьуна зодой цIвабзахъ балагьун,
Дие — цIа бакарал нухахъ балагьун.
Хадуб гьаб гIумруялъ гIадамаз кьурал
ГIемер цIарал руго батIи-батIиял:
Гъалал кьурулелъул дуй кьурал руго,
Чу кьололеб мехалъ, дий кьурал руго.
...
ЦIунизе умумуз нилъее кьураб.
Дуе кьуна зодой цIвабзахъ балагьун,
Дие — цIа бакарал нухахъ балагьун.
Хадуб гьаб гIумруялъ гIадамаз кьурал
ГIемер цIарал руго батIи-батIиял:
Гъалал кьурулелъул дуй кьурал руго,
Чу кьололеб мехалъ, дий кьурал руго.
...
Огь, руччаби!
Нуж лъазегIан дир гIумру
Лъарал рагIалда ана.
Нуж лъаралго лъаралъа
ГIурулъе кIанцIана дун.
Гьеб гIоралъ нужер асир,
Унго, киве рехичIев?!
Огь, руччаби, агь руччаби,
Унго-унго руччаби!
...
Лъарал рагIалда ана.
Нуж лъаралго лъаралъа
ГIурулъе кIанцIана дун.
Гьеб гIоралъ нужер асир,
Унго, киве рехичIев?!
Огь, руччаби, агь руччаби,
Унго-унго руччаби!
...
ПатIимат
Мун ячIана гьитIинай
Гьобол дуниялалде,
Данде къана эбелалъ:
ПатIимат, ПатIиматин.
Гьулаказул гьулчиги,
Чвахулеб лъарал кечIги,
КинабгIаIги рагъи-тIох:
ПатIимат, ПатIиматин.
...
Гьобол дуниялалде,
Данде къана эбелалъ:
ПатIимат, ПатIиматин.
Гьулаказул гьулчиги,
Чвахулеб лъарал кечIги,
КинабгIаIги рагъи-тIох:
ПатIимат, ПатIиматин.
...
ЦIадастан
Дир бусен, дир гъансито,
Дир хIасраталъул рогьел,
ТIоцебе дий ахIараб
Ихдалил кочIол гьулак.
Буго мун, ЦIада росу,
Нусго цIараки гьечIеб,
Дур панаяб цIагун дун
Дунялалда тирана.
...
Дир хIасраталъул рогьел,
ТIоцебе дий ахIараб
Ихдалил кочIол гьулак.
Буго мун, ЦIада росу,
Нусго цIараки гьечIеб,
Дур панаяб цIагун дун
Дунялалда тирана.
...
Цо-цо мехалъ урхъула
Цо-цо мехалъ урхъула
Цересал умумузухъ,
Йокьарай яс чан гIадин,
Чода тIад лъун хъамурал.
Гьанир чуялги гьечIо,
БецIал сардалги гьечIо,
Йокьулей яс йикъизе
Законалъ гьукъун буго.
...
Цересал умумузухъ,
Йокьарай яс чан гIадин,
Чода тIад лъун хъамурал.
Гьанир чуялги гьечIо,
БецIал сардалги гьечIо,
Йокьулей яс йикъизе
Законалъ гьукъун буго.
...