Расул Гамзатов - Дун гьавураб Дагъистан
— Дун гьавураб Дагъистан,
Картаялда — хIанчIил тIинчI,
ХIасраталъул улка, мун
Щиб картаялда бугеб?
— Дун бугеб карта буго
Каранда гьалдолеб ракI,
Гьудулалъулги дурги
ДандчIван кенчIолел берал.
— Дие ирсалъе кьураб
Инсул тIалъи, мун даим
Цо-до континенталда
Цо-цо керен цун буго.
Дие щвараб ЦIадастан,
Щиб бакIалда мун бугеб?
— Рокьул куркьбал гIатIидал,
ГIищкъу гьечIеб бакI гьечIо.
— Дун гIураб ракь, дур гIурхъи
ГIораз мугIруз бикьула,
Рокьул улка, дур гIорхъол
ГIаламат, тIабигIат щиб?
— Рокьи, ракь кинигинан,
Бикьуларо гIорхъабаз;
ГIаламалде щвараб бакъ —
Кибего щущалеб цIад.
— Дир ВатIан дида лъала
Лъидасан кин цIунилеб;
ГIищкъу, дур хъаравул дун,
Дида тIадаб хъулухъ щиб?
— ЦIуне, гIураб ракь гIадин,
Рокьи гьаб дунялалда.
ЦIуне бищун хирияб
Хазина цIогьаздаса.
Автор: Расул Гамзатов
Пожалуйста, оцените стихотворение «Дун гьавураб Дагъистан»
Текущий рейтинг: 4
(голосов: 45)
Похожие стихотворения: