Расул Гамзатов - Къеч



Дица хъантIун, гIедегIун
Цо бергьараб гIищкъуялъ,
Байбихьана гьекъезе
ГIитIинго, кинидаго.

Гьекъана щибаб къойил
Хъатал цIу-цIун багIарбакъ,
Баккулаго данде ун,
ТIерхьунаго хадув ун.

Гьекъана хъуби цIу-цIун
ЦIваби дица сардида, —
МугIрул тIохазде вахун,
Аххаде гIорухъе ун.

Гьекъана мугIрул гьава,
Гьогьомараб, бацIцIадаб.
Гьал дир магIарзул къалал
Гьелъ рухIизе гьаруна.

Гьекъана хъвалеб гIазу
ГIодобе бачIунаго.
Дир кIутIби сверухъ полоп
Гьелъ бетизе гьабуна.

Гьекъана ралел цIадал,
Гьез цIилъана дир лугбал.
Гьекъана гьагал цIаял,
Гьез чIух лъуна беразда.

Гьуралги рикьизарун
Гьекъана гъугъай, пири,
Бекараб гьакил берлъун
Гьаб ракьалда чIараб нур.

НакIкIазде тIадеги пун
Гьекъана хъахIил зобал,
Полпида тIад кIалги чIван
ЧIагIа гьекъолеб гIадин.

Нуха унеб мехалда
Иццахъ, лъарахъ гIодов чIун,
Лъай босилеб куцалда
Гьезул бакънал гьекъана.

Их тIаде гIунтIарабго,
ГIидрабазда наку чIван,
ГIинтIи дица бетIана,
ТIогьол махIал гьекъана.

Гьекъана велъулаго,
Гьекъана гIодулаго,
ГIумруялъ кьурал лълъарал —
КьогIалги гьуиналги.

Дица Прагаялъул
Фестивалал гьекъана,
Цинги Хиросималъул
Къварилъаби гьекъана.

Гьекъана чагъир гIадин
Дагъистаналъул ихал,
ГIаркъил сурахIи гIадин
Севералъул хаселал.

Дица къоял гьекъана,
Гьимулаго кепалда.
Дица сонал гьекъана,
КъулчIулаго магIугун.

ГьитIинаб мех гьекъана,
ГIолихъанлъи гьекъана.
ГIолохъанлъиги гьанже
Гьекъон бахъунеб буто.

ЦIамгIалаб жо батила
Дуниялги гIумруги —
КигIан гIемер гьекъараб
Гьанжеги къеч буссинчIеб.

Гьекъезе бокьун буго,
Мехтизе бокьун буго
Роххелалъгин талихIалъ
Ва дагьаб пашманлъиялъ,

Гьаб бацIцIадаб гьаваялъ,
Гьал роцIарал зобаца,
Ракълилаб дунялалъул
Даимаб берцинлъиялъ.

Дица гьекъон лъугIулеб
Бакъ, моцI, тIабигIат гуро.
Дица гьекъон лъугIулеб
Гьаб дирго гIумру буго.

Гьедин букIин лъикI буго,
Дун хвей бигьаяб буго.
Дица гьекъарал берал
Даимго къанщизегIан.

Гьаб дуниял сверулеб
БугебгIан заманаялъ
Дунялалъул гьайбатлъи
Гьекъон къеч буссинаро.

Автор: Расул Гамзатов
Пожалуйста, оцените стихотворение «Къеч»
Текущий рейтинг: 4
(голосов: 18)
Поделись страничкой с друзьями!

Похожие стихотворения:


Добавить комментарий

Оставить комментарий

    • bowtiesmilelaughingblushsmileyrelaxedsmirk
      heart_eyeskissing_heartkissing_closed_eyesflushedrelievedsatisfiedgrin
      winkstuck_out_tongue_winking_eyestuck_out_tongue_closed_eyesgrinningkissingstuck_out_tonguesleeping
      worriedfrowninganguishedopen_mouthgrimacingconfusedhushed
      expressionlessunamusedsweat_smilesweatdisappointed_relievedwearypensive
      disappointedconfoundedfearfulcold_sweatperseverecrysob
      joyastonishedscreamtired_faceangryragetriumph
      sleepyyummasksunglassesdizzy_faceimpsmiling_imp
      neutral_faceno_mouthinnocent
Кликните на изображение чтобы обновить код, если он неразборчив
-->